Январь

Википедия ? эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
январ
Ит Тл Ар Хм Рз Щт Гь
1 2 3 4 5 6 7
8 9 10 11 12 13 14
15 16 17 18 19 20 21
22 23 24 25 26 27 28
29 30 31        
2024 с.

Январ  ? юлианияб ва григорианияб календаразда лъаг?алил т?оцебесеб моц? . Жодор 31 къо бугел анкьабго моцIалъул цо моцI.

Январ , Leandro Bassano

Дагъистаналъул тарихалда январь моцI [ хисизабизе | код хисизабизе ]

  • 1262 соналъул 13 январалда Терек г?урул раг?алда Хулагидазул ва Меседил Ордаялъул ханзабазул аскаразда гьоркьоб рагъ ккана.
  • 1742 соналъул январалда Табасараналде ва Ахтиялде данде Ираналъул аскараз рагъ байбихьана.
  • 1804 соналъул январалда Ц?оралде ана генерал Василий Гуляковасул бет?ерлъиялда гъоркь рагъулаб экспедиция. Гьенив Закатала округалда 15 январалда генерал В.С. Гуляков ч?вана.
  • 1811 соналъул январалда Табасараналда байбихьана восстание.
  • 1829 соналъул январалда Дагъистаналъул ханзаби Сурхайие ва Абу-Султ?ан-Нуцалие ч?езабуна г?арцулаб харж. 1830 соналъул январалда имам ГъазиМух?амадица г?андисезда шариг?ат * [[босизабуна.
  • 1833 соналъул январалда Гьоц?алъ ах?араб г?алимазул данделъиялда Х?амзат-бег лъазавуна имамлъун.
  • 1841 соналъул 1 январалда г?уц?ана Каспиялъулаб область.
  • 1878 соналъул январалда ≪Тушманасулгун гьарулел ишазулъ т?ок?лъиялъе г?оло≫ г?урус Императорасул армиялъул генерал-лейтенант Балакиши Араблинскиясе (Али-бек) (1828-1902) кьуна Г?азизай Аннал 2-абилеб даражаялъул орден.
  • 1897 соналъул 1 январалда Ереваналда гьавуна Дагъистаналъул политикияв х?аракатчи, 1942-1948 соназда КПССалъул Дагъобкомалъул т?оцевесев секретарьлъун х?алт?арав Г?азиз Г?алиев.
  • 1910 соналъул 17 январалда гьавуна Дагъистаналъул политикияв ва жамг?ияв х?аракатчи Х?ажаг?али Даниялов .
  • 1914 соналъул 3 январалда гьаюна РСФСРалъул ва Дагъистаналъул халкъияй артистка Барият Мурадова .
  • 1914 соналъул 6 январалда гьавуна Дагъистаналъул хъвадарухъан Анвар Аджиев .
  • 1916 соналъул 14 январалда гьавуна Дагъистаналъул хъвадарухъан Хизгил Авшалумов .
  • 1918 соналъул январалда Темир-Хан-Шураб т?обит?араб муг?рузул халкъазул ??? съездалда Х?оцоса Нажмудин ц?идасан вищана т?олгодагъистаналъулго имамлъун.
  • 1921 соналъул 20 январалда, 1920 соналъул ноябралда Темир-Хан-Шураб т?обит?араб съездалдаса хадуб, ВЦИКалъул Декреталда рекъон, г?уц?ана Дагъистаналъул Советияб Социалистияб Республика.
  • 1926 соналъул 7 январалда гьавуна Дагъистаналъул росдал маг?ишаталъул институталъул ректорлъун г?емерал соназ х?алт?арав профессор Мух?амад Жамбулатов.
  • 1931 соналъул 14 январалда Москваялъул Кремлялда ≪10 соналда жаниб Дагъистаналъул цебет?еялъул х?акъалъулъ≫ абураб докладгун цеве вахъана Дагъсовнаркомалъул председатель Жалалудин Къоркъмасов.
  • 1934 соналъул январалда хъвадарухъан, кавказовед А. Аршарунил бет?ерлъиялда гъоркь Дагъистаналде бач?ун бук?ана СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул къокъа.
  • 1935 соналъул январалда ДагъЦИКалъул членаллъун рищана хъвадарухъаби С. Стальский, Х?. Ц?адаса, А. Мух?амадов, Р. Нуров ва Б. Астемиров.
  • 1938 соналъул 30 январалда гьавуна 1987-1997 соназда Дагъистаналъул х?укуматалъул вук?арав председатель, политикияв х?аракатчи Г?абдуразакъ Мирзабегов.
  • 1939 соналъул январалда СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул х?укмуялдалъун Ц?адаса Х?амзатие кьуна ≪Зах?маталъул Баг?араб Байрахъ≫ орден.
  • 1943 соналъул 25 январалда ДАССРалъул СНК ва ВКП(б)ялъул обкомалъул бюроялъул х?укмуялдалъун республикаялъул МТСалдаса Ставрополь краялъе кумекалъе механизаторалгун цадахъ бит?ана 300 трактор.
  • 1944 соналъул январалда, Сталинград ц?унулаго, бах?арчиго рагъана ва нус-нус фашистал гъурана дагъистаниял ? Совет Союзалъул Бах?арзал, летчик Амет-Хан Султаницаги пулеметчи Ханпаша Нурадиловасги .
  • 1947 соналъул 27 январалда гьавуна Дагъистаналъул Халкъияв Бах?арчи, сахлъиц?униялъул ва жамг?ияв х?аракатчи Ах?мад Саламов.
  • 1951 соналъул 4 январалда Шамил районалъул Къах?иб росулъ гьавуна СССРалъул Художниказул союзалъул член, Ленинилаб Комсомолалъул премиялъул лауреат, Дагъистаналда рагъулаб искусствоялъул школалъе кьуч? лъурав Х?усейн Мух?амаев.
  • 1951 соналъул январалда СССРалъул Министрзабазул советалъ, гьоркьоб лъун, халгьабуна ≪ДАССРалъул росдал маг?ишат цебет?езабиялъул х?акъалъулъ≫ суалалъул.
  • 1951 соналъул январалда Швейцариялда хвана Тарковский шамхалазул ахирисев вакил ? Нух?бег Тарковский. 1951 соналъул 19 январалда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ гьавуна Россиялъул Бах?арчи, Дагъистаналъул жамг?ияв х?аракатчи, космонавт Мух?амад Т?олбоев .
  • 1954 соналъул 1 январалда гьавуна Дагъистаналъул халкъияв артист, Музыкантазул союзалъул председатель Хан Баширов.
  • 1955 соналъул 26 январалда гьавуна Дагъистаналъул рохьил маг?ишаталъул Комитеталъул председатель Г?алибег Х?ажиев.
  • 1962 соналъул 5 январалда гьавуна Дагъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутат Мух?амад Асиятилов .
  • 1962 соналъул 14 январалда гьавуна г?елмияв х?аракатчи, Дагъистаналъул университеталъул ректор Муртазг?али Рабаданов.
  • 1976 соналъул 10 январалда сардилъ Дагъистаналда 5 баллалде бахараб гучалда ракьбагъарана.
  • 1976 соналъул 14 январалда гьавуна Хунзахъ районалъул бет?ер Саг?ид Юсупов.
  • 1990 соналъул январалда ах?ана Дагъистаналъул бусурбабазул т?оцебесеб съезд. Гьенибго г?уц?ана бусурбабазул динияб идара (ДУМД) ва вищана муфтий.
  • 1991 соналъул 29 январалда СССРалъул г?елмияб Академиялъул Президиумалъ х?укму гьабуна СССРалъул г?елмияб Академиялъул Дагъистаналъул филиал СССРалъул г?елмияб Академиялъул Дагъистаналъул г?елмияб Централде сверизабизе ва гьелъул Президиумалъул председательлъун Х?ажи Х?амзатов тасдикъ гьавизе.
  • 1992 соналъул 24 январалда Россиялъул х?укуматалъ къабул гьабуна ≪Репрессиялде ккарал Дагъистан АССРалъул халкъазул ихтиярал ц?униялда бан гьаризе кколел цебесеб к?варалъул тадбирал≫ абураб хасаб х?укму.
  • 1996 соналъул 9 январалда радал саг?ат 6-ялде бащдаб х?алт?араб заманалда С. Радуевасул ва Х. Исрапиловасул бет?ерлъиялда гъоркь яргъид г?уц?араб хъачагъазул къокъа Гъизляр шагьаралде т?аде к?анц?ана.
  • 2003 соналъул 22 январалда Москваялда Дагъистаналъул Пачалихъияб Советалъул председатель Мух?амадг?али Мух?амадовасе кьуна Халкъазда гьоркьосеб Академиялъул ≪Х?урматияв академик≫ абураб ц?ар ва диплом.
  • 2007 соналъул 22 январалда Дагъистаналъул х?укуматалъ, мух?кан гьабун, къабул гьабуна ≪Ц?ияб Лак≫ районалдаса ц?иг?уц?улеб районалде гочине кколев 10662 чиясдасан г?уц?араб сиях? (2 982 хъизан).
  • Х?уригат бахъун хадуб Советияб х?укумат щвана Кавказалдеги . 1920 соналъул ноябралда Темир-Хан-Шураб т?обит?араб съездалдаса хадуб, ай 1921 соналъул 20 январалда ВЦИКалъул Декреталда рекъон, г?уц?ана Дагъистаналъул Советияб Социалистияб Республика. СССРалъул заманалда гьеб кколаан РСФСРалъул цо бут?алъун [1] .

ХIужаби [ хисизабизе | код хисизабизе ]