Бусурманчи

Википедия ? эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Бусурманчи ( г?ар. ???? ‎‎ [ муслим ], бусурманчIужу ????? ‎ [ муслимат ]) ? Ислам -дин ккурав чи. ХIуригаталда цебе Россиялда бурманчагIазда абулаан магометаналилан , гьелдаги цебе ? бусурмaналилан .

Бусурбабазул мукъадасатаб, ай гьезие хирияб техь буго Къуръан . Бусурбаби божула Къуръан - гьеб ТIадегIанав Аллагьасул калам букIиналдаги ва гьеб Жабраил малаикасдасан вахIьюги гьабун МухIаммад аварагасухъ рещтараб букIиналдаги. Бусурбаби гьединго Къуръаналда хъвараб жоялъе мутIигIлъула, ва МухIаммад аварагасул гIелму-хIадисалъеги [1] .

Бусурбабазул къадар процентазда (2009)

Этимология [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Муслим-илан абураб гIараб рагIиялъул магIна буго ≪(Аллагьасе) мутIигIлъарав≫ яги ≪Аллагьасда таваккалги гьабун Досие мутIигIлъаравилан≫ абураб магIна, гьелдаго релъун буго ислам-илан абураб рагIиялъул магIна ? ≪мутIигIлъи≫. В. М. Пороховаялъ абула буго: ≪Бищун битIараб гIараб ?бусурманчиян“ абураб рагIиялъул магIна бугила ? ?Аллагьасае мутIигIлъарав чи-илан“≫.

ХIужаби [ хисизабизе | код хисизабизе ]

  1. The Qur?an and Sayings of Prophet Muhammad: Selections Annotated & Explained . SkyLight Paths Publishing. 2007. гь. 21?. ISBN   978-1-59473-222-5 . Халагьи 31 August 2013 . {{ cite book }} : Check date values in: |accessdate= ( квеки )

Линкал [ хисизабизе | код хисизабизе ]