한국   대만   중국   일본 
Волфганг Амадеус Моцарт ? Википедия Перейти к содержанию

Волфганг Амадеус Моцарт

Википедия ? эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Волфганг Амадеус Моцарт ( гер.   Wolfgang Amadeus Mozart , [?v?lf?aŋ ?ama?deː?s ?moːtsa?t] [a] , 27 январ 1756, Залцбург ? 5 декембер 1791, Вин ) ? классикияб периодалъул ц?ар арав ва к?вар бугев композиторав. Къокъабго г?умруялда жаниб гьес хъвана жиндир мехалъул рук?аралщинал жанразул 800-идаса цикк?ун х?алт?и. Гьесул г?емерисел композициял рик?к?уна симфонияб , концертантияб , камерияб , оператияб, ва хоралаб репертуаразул т?огьарлъун. Моцарт рик?к?уна Бакът?ерхьул музикадул гьисториялда бищун к?удиял ва ц?арщел бугеб композиторазул цоявалъун, [1] гьесул музикалъул? буго "мелодикаб берцинлъи, элъул формалаб элеганлъи ва гьармониялъулги текстуралъулги бечелъи". [2]

Гьавуна Залцбургалда , гьанжесеб Австриялъул , Моцартица лъимерлъудасаго бихьизабуна ц?акъаб махщел. К?олол т?аг?алаби ва чагъана лъик? х?алт?изабулев гьес щуго сон баралдаса хъвазе байбихьана музика, гьесухъ г?енеккулаан Европалъул къиралиял чаг?иги. Инсуца гьев цадахъ вачана Европалда к?удияб турнеялде, хад Италиялде бухьараб лъабго сапаралда. 17 сонил ригьда гьев вук?ана Залцбургалъул гьиндив музикантлъун, хад гьев тира-сверана дагьабги лъик?аб х?алт?и балагьизе.

1781 соналъ гьев рещт?ана Виналда, гьениб щвана Моцартие ц?арщелги. Гьенир т?амурал т?арамагъадисел соназ хъвана гьес щиндир бищун ц?ар арал симфониязул, концертазул ва операбазул ц?икк?анисел. Гьесул Реквием хут?ана хъван бахъинч?ого, гьев, 35 сон барав чи, хведал.

Мугъч?ваял [ хисизабизе | код хисизабизе ]

  1. Хъанчалелъул Йогьаннес Хрисостомус Волфгангус Теофилиус Моцарт латин : Iohannes Chrysostomus Wolfgangus Theophilus Mozart . Моцартил бит?араб царул? буго жуба-гъубай.

Цитацион [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Иццал [ хисизабизе | код хисизабизе ]