한국   대만   중국   일본 
Хунзахъ ? Википедия Перейти к содержанию

Хунзахъ

Википедия ? эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Мухъалъул марказ
Хунзахъ
42°32′ ш. г?. 46°42′ бб. х. H G Я O
Пачалихъ   Россия
Федерациялъул субъект Дагъистан
Муниципалияб мухъ Хунзахъ мухъ
Росдал поселение Хунзахъ росдал бо
Тарих ва ракьхъвай
Т?оцебесеб рехсей V г?.
Централъул борхалъи 1658 м
Климаталъул тайпа Муг?рулаб
Саг?тазул зона UTC+3:00
Халкъ
Къадар 4245 [1]  чи ( 2010 )
Миллат(ал) Аварал
Конфессия(л) Бусурбаби
Катойконим Хунзахъев, хунзахъей, хунз
Расмияб мац? авар , г?урус
Цифрабазул идентификаторал
Почалъул индекс 368260
ОКАТО код 82256890001
ОКТМО код 82656490101
ГКГН номер 0012112

khunzakh.ru   (г?урус)
Хунзахъ (Россия)
ТӀанкӀ
Хунзахъ
Москва
Хунзахъ (Дагъистан)
Мах?ачхъала
ТӀанкӀ
Хунзахъ
Хунзахъ (Хунзахъ мухъ)
ТӀанкӀ
Хунзахъ

Хyнзахъ , яги тарихияб Ху?нзахъ шагьа?р [2] ( абул куц [?χun.zaqχː] ) ? ккола Дагъистаналда бугеб росу, Хунзахъ мухъалъул ва Хунзахъ росдал боялъул административияб центер; ккола мухъалъул бищун к?удияб ч?ел-бак?лъун, жиндир халкъалъул къадар 4245 [1] чи вугеб. Хунзахъ буго гьебго ц?ар бугеб т?алъуда , Г?акаро маг?ардаса хьондасебгин бакъбаккудехун, Тобот лъаралда аск?об.

Г?уц?ула Хунзахъ щуго роххаца, гьезул бищун нек?сиял руго Самилахъ, Шотот?а, нуцалзабазул резиденция бук?араб Щулалъут?а; жеги к?иго роххен л?угьана XVII г?асруялда: Лъа?рахъ ва Х?о?рихъ.

Хунзахъ ккола нек?сияб ч?ел-бак?лъун, жиндие 2400-ялдаса ц?икк?ун сон бугеб. Бакъбаккул Кавказалда бищун нек?сиял ва политикал центразул цояблъун кколеб Хунзахъ бук?ана Авар пачалихъалъул тахшагьарлъун, кколаан Авариялъул ва муг?рул Чачаналъул рагъулаб ва административияб центерлъун. [3] Авар нобилитат ва гьелъие хъулухъ гьабулел гьенир рук?иналъ, Хунзахъ бук?ана к?удияб ч?ел-бак?лъун, халкъалъул ц?ик?к?араб къадарги бугеб. Кавказалъул рагъул заманалда халкъалъул къадар г?езег?ан г?одобе ккана. Россиялъул империялда гъорл? Хунзахъ бук?ана Авар сверухълъул , революциялдаса хадуб Хунзахъ кантуналъул центерлъун.

Жакъа къоялъ Хунзахъ буго мухъалъул политикабгин културияб центр, гьенир руго руго аслиял административияб бак?ал, маданияталъул бак?ал. Буго цебет?ураб инфраструктура: школаби, паркал, спортзал. Гьенир торит?ула мухъалъул аслиял тадбирал. Гьединго Хунзахъ руго туристикияб бак?ал, гьезда гьоркьоб Хунзахъ музейги . Самилахъ авалалда буго Абулмуслим шайхасул зиярат.

Топонимия [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Росдал цIар кисан бачIараб бугеяли гIалимзабазул ва тарихчагIазул батIи-батIиял пикраби руго:

  • Хунзахъ чамалиго нухалъ биххизе гьабун цIидасан базе ккун букIана. Гьединлъидал, цо-цоязул пикру буго росдал цIар "Хун бахъ"-илан абурал рагIабаздасан бачIун батилилан.
  • Цогидаз абула буго гьеб цIар "Ханзабахъ"-илан абураб рагIиялдасанги бачIун букIине бегьулилан, щайгурелъул Хунзахъ цIебегоялдаса нахъе букIана ханзабаз чIей гьабулеб бакIлъун.
  • Гьединго Хунзахъ росдал цIар бачIине бегьула гьелъул кьучI лъураб бакIалдасан, ай сверухълъиялдасан. Гьедин бачIараб цIаралъул мисалал Аваристаналда дагьал гьечIо.

Хунзахъ ва Хунзахъ боялда цогидал халкъаз абулел рук?ана жидерго ц?арал. Даргияз х?алт?изабулеб термин бук?ана X?ивар/Х?ибар . Тумаз Хунзахъ шагьаралда абулаан Яртащи/Яртахьи абун. Чачаназ ва гъалгъаяз абулеб ц?ар бук?ана Джаяхъ.

Г?андисез х?алт?изабулеб термин ккола Гьайбуя , гъодоберисез ? Гьабул , к?к?арат?исез ? Гьалби . Г?ахьвалаз абулеб ц?ар буго Илъалъ .

Тарих [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Хунзахъ бук?ана Авариялъул тахшагьарлъун. 1837 соналъ гIурусазул боялъ кверде босана. [4] , 1843 соналъ Шамилие мутIигIлъана. 1859 соналъ гIурусаз цIидасан бахъана. 1864-69 соназ Хунзахъ рагъул хъала бана. Ахиралда, 1864?1928 соназ, Авар округалъул администратияб центрлъун букIaна.

Администрация [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Мухъалъул [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Жанисеб рикьи [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Хунзахъ бикьула щуго роххаде: Самилахъ, Лъарахъ, Х?орихъ, Шотот?а, Шулалъут?а. Д. Атаевас рехсохъе, Самилахъ ва Х?орихъ жалгоги рикьула к?и-к?и роххабазде. Щибаб роххада бук?ана жиндирго мажгит. Бищун нек?сияллъун ккола Самилахъ, Шотот?а ва Щулалъут?а, гьелъие нуг?лъи гьабула гьезул локациялъги, гьезда хурхарал топонимазги, гьединго хундерил биценазги.

Самилахъ роххен (XVII г?асруялде щвезег?ан Сагьмилахъ ) бук?ана Аваралде ислам бач?иналдего . Гьенир ратана гуржи ва бищун цересел г?араб хъвай-хъваг?аби (XI?XII г?асраби). Самилахъ буго Цолбокь раг?алда, гамач?х?алаб борхалъуда. Гьениб буго Хьондасебгин Бакъбаккул Кавказалъул бусурбабаз рик?к?унеб Абумуслим шайхасул хоб. Самилазул цере рук?ана хасал балъал, г?умруялъул аспектазул регуляция гьабулел; 1824 соналъ балъал хъвана г?араб мац?алда , гьел хъвай-хъваг?аби ц?унун хут?ун руго.

Шотот?а яги Чотот?а роххен буго бакъдехун рахъалдехун, г?анч?илаб борхалъуда, жанубияб рахъалда раг?ал бугеб бак?алда. Роххадул централаб бак? ккола Гьинт?а. Цере Шотот?а роххадулги рук?ун руго жиндирго балъал.

Щулалъут?а роххен буго хъит?азулаб борхалъуда, анц?-анц? метр борхалъи бугеб раг?ал к?иго рахъал?ан данде бач?ун л?угьунеб бок?нида. Роххен бук?ана Хунзахъ тахшагьаралъул аслияб, гьениб бук?ана нуцалзабазул щула гьабураб резиденция, жиндир х?акъалъул? XVI г?асруялдасаго лъалеб. Шулалъут?а г?умру гьабун рук?ана нуцаллзабазул нуслуялъул г?адамал, гьезул церетелзаби, нукарзаби, хъалаялъул гъаравашал, хъулухъ гьабулеб персонал, пачалихъияб администрациялда х?алт?улел. XIX г?асруялде щвезег?ан гьениб бук?ана Хунзахъ бол мажгит, жиндица нуцаллзабазул гьингун цо щулалъиялъул комплекс г?уц?улеб бук?араб.

Лъарахъ роххен документазда рехсолеб буго XVII г?асруялъул ахиралдаса байбихьун Лъарахъ-Шотот?а г?адин. Гьеб бут?аккун буго хундерил аристократиялъул г?адамалги рукъулел рук?араб XVI г?асруялъул хабал ругеб бак?алда. Гьеб факталъги, рижалилаб щулалъи гьеч?еб бак?алда бук?иналъги нуг?лъи гьабула гьеб роххен цогияздаса хадуб л?угьараб бук?иналъе. Бищун рес бугеблъун ккола гьеб XVII г?асруялда Шотот?а авал г?ат?илъун, гьелдаса бат?алъун л?угьин.

Х?орихъ роххен буго XVII г?асруялъул хабал ругеб бак?алда, Лъарахъ роххен г?адин рижалилаб щулалъи гьеч?елъуб. Гьеб докуентазда рехсолеб буго XVII г?асруялъул ахиралдаса бахъараб, гьелъ абизе бегьула гьебги Лъарахъ роххенги г?ага-шагарго цого заманалда л?угьанилан. Роххадул ц?аралъ нуг?лъи гьабула гьеб хундерица гьабураб х?ор сверун л?угьараб бук?иналъе. XIX г?асруялдаса Х?орихъ роххада буго гьанжесеб бол мажгит.

География [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Бугеб бакI [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Хундерил тIалъи буго МагIарухъ жумгьурияталъул бакьулъ, ай МахIачхъалаялдасан 220 км рикIкIад. 1700-2000 м ралъдал гьумералдаса тIаде ккола гьеб. Гьелъул кьучIалда гъорлъ уна къвакIараб гачигамач?. Хъунзахъ буго борхалъиялда бугеб тIалъи ( г?урус. плато ). Гьелъул халалъи буго 25 км, гIеблъи ? 8-10 км , кинабниги г?еблъи-халалъи бахуна 250 квадратияб километралда . Хундерил тIалъи Сулахъалъул жаниблъиялде гъорлъе уна.

Цогидал шагьараздасан Хунзахъе унел шагьранухазул халалъи.

Шагьар Манзил, км
1 МахIачхъала 220
2 Дербенд 100
3 Шура 76
4 Избербаш 173

Жанисеб сипат-сурат [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Хунздерил тIалъи бакъбаккул рахъалдасан Тобот Лъаралъул кIкIалалъ ( г?урус. каньон ) кIийида бикьула. Гьеб кIкIалги Хунзахъ хъалаялъул къадаздасан байбихьараб лъугьуна Шамилил мухъалда , Гьолокь росулъе, АваргIоралде швараб мехалда. Гьеб кIкIалалъул халалъи 100 метралдаса 1000-1200 метразда бахинегIан цIик?кIуна.

Бищунго Хунздерил тIалъиялда кIудиял лъараздасан кола: Тобот , Хундерил Лъар , Илъа Лъар - гьезул киназулго берцинал, 50-80 метразда рахарал, чвахабиги руго.

Климат [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Хунзахъ
Климатограмма ( авалгъин )
Я
Ф
М
А
М
Ю
Ю
А
С
О
Т
Д
 
 
8.1
 
 
2
?6
 
 
10
 
 
4
?5
 
 
23
 
 
7
?3
 
 
43
 
 
12
2
 
 
94
 
 
17
7
 
 
104
 
 
19
11
 
 
123
 
 
21
13
 
 
92
 
 
21
12
 
 
52
 
 
17
8
 
 
17
 
 
13
3
 
 
11
 
 
7
?2
 
 
12
 
 
4
?5
Гьоркьохъел макс. ва мин. температураби (°C)
Г?азу-ц?адал г?аммаб къадар (мм)

Хунзахъ буго гьоркьохъел г?еблъелазда , гьава-бакъалъе сипат гьабизе бегьула хинаб абун. Сверухълъиялъул лъаг?алил гьоркьохъеб гьогьомараб температура къаде бук?уна +10.0°C, къаси-къаси гьеб г?одобе ккезе бегьула +1.3°C-ялде. Лъаг?алил гьоркьохъеб температура абуни бук?уна +9,7°C; гьоркьохъеб максимумги минимумги ккола +8.0...+11.9°C. Лъаг?алил гьоркьохъеб абсолютияб температура г?унтула +5.0...+19.2°C-азде. [5]

Бищун квачарал моц?аллъун ккола декембер , январ ва фебруар ; гьел моц?азда щибиб къоялъги ц?унула минусияб температура . Январалъул гьоркьохъеб температура бук?уна -2.5°C, къаде бахине бегьула 0.4°C-ялдеа, къаси-къаси: -5.1°C. Абсолютияб минимун ккола -14,8°C-ялдаса г?одобеги. Ахирисеб анц?го соналда жаниб бищун г?одег?анаб январалъулаб минимумалъул фиксация гьабуна 2014 соналъул 21 январалда: гьеб бук?ана -17,6°C. Январалъул абсолютияб максимум гьоркьохъеб къаг?идаялъ бук?уна 9,1°C, бищун ц?ик?араб январалъул абсолютияб максимум фиксатинабуна 2021 соналъул 9 январалда : +13.1°C. Фебруаралъул гьоркьохъеб температура январалъулалдаса дагьалъ борхатаб бук?аниги, гьеб хисардизе бегьула, гьениб цо-цо къоялъ температура ккезе бегьула январалъул гьоркьохъелдасаги г?одобе. 2012 соналдаса Хунзахъ фиксатинабураб бищун г?одег?анаб температура буго фебруаралъул абсолютияю минимум: -20.9°C (2014 соналъул 1 фебруар). [6]

Хинаб сезон байбихьула Хунзахъ април - маялъ , гьелъул завал ккола роол лъабабго моц?алде. Юн , юл ва август моц?азул гьоркьохъеб температура бук?уна 14...16°C, абсолютияб максимумалъул гьоркьохъеб къима бахуна 27...29°C-деги. Роол моц?азул абсолютияб минимумалъул гьоркьохъеб къима ккеза бегьула ? 7...8°C. 2011 соналдаса бищун ц?ик?к?араб температура Хунзахъ бук?ана +30,5°C, жиб 2018 соналъул 4 юлалда фиксатинабураб. [6]

Бакъул къоязул гьоркьохъеб къадар лъаг?алида жаниб ккола 254. Гьезул бищун дагьал ккола январалде ? 17 къо; канлъул къоялъул халалъи гьеб моц?алда ккола 9.1?9.9 саг?ат. Бищун ц?ик?к?араб къадар гьел къоязул бач?уна юн, юл, августалде: 25?27 бакъулаб къо. Канлъул къоялъул халалъи гьел моц?азда ккола 11.6?15.3 саг?ат.

Лъаг?алида жаниб бук?унеб гьоркьохъеб нак?к?лъиялъул къима Хунзахъ бахун 4.8 баллалде. Бищун ц?ик?к?араб нак?к?лъи бук?уна ихдалил моц?аздаги, юлалъги юлалъги. Ахирисел соназул нак?к?лъиялъул гьоркьохъеб къима бищун ц?ик?к?ун кколеб буго май моц?алде. Бищун ц?ик?к?араб г?аммаб бал щвараб нак?к?лъей фиксатинабуна 2013 соналъ ? 5.3 балл. Нак?к? лъедела жо бихьизе бажариялъул минималияб къима фиксатинабуна Хунзахъ 2011 соналъул 6 новембералдаги 2012 соналъул 19 январалдаги, гьеб бук?ана 50 метралдаса дагь. [6]

Г?азу-ц?адалъул лъаг?алил нормаялъул гьоркьохъеб къима Хунзахъ буго 49.1 мм. Бищун дагьаб ккола январалде, бищун ц?ик?к?араб ? юлалде: 8.1 ва 122.7 щибалъе. Фиксатинабураб г?азу-ц?адалъул лъаг?алилаб максимум буго 738 мм (2013 соналъул 5 май), моц?илаб максимум ? 211 мм (19.07.2013); хадуб хал ккураб заманалда жаниб сордо-къоялда бараб г?азу-ц?адалъул максималияб къадар бук?ана 58 мм (22.08.2020). Г?азуялъул гъаталъул гьоркьохъеб биццалъи ккола 17,3 см, гьеб хут?ула гьоркьохъеб х?алалъ 63 къоялде щвезег?анги. Бищун бицатаб г?аздал гъаталъул фиксация гьабуна 2016 соналъул 2 январалдаги 18 октобералда ? 27 см. [6]

Гьаваялъул реччелалъул гьоркьохъеб къима буго 63%. Хунзахъ бищунго дагьаб реччел бугел моц?ал ккола новембер, декембер, январ ва фебруар. Гьоркьохъеб реччелалъул фиксатинабураб бищун ц?ик?к?араб процент ккола 81, гьебги 2013 соналъул 10 юлалда. Фиксация гьабураб минимум буго 26%. Гьоркьохъеб атмосферияб т?адецуй бук?уна 818,9 гПа. Хунзахъ бук?араб максималияб атмосферияб т?адецуй 1055.8 гПа ? 2021 соналъул 1 январалда, минималияб бук?ана 2013 соналъул юлалда ? 846.2 гПа. [6]

Гьорол хехлъиялъул ахирисел соназул гьоркьохъеб къима буго 2.6 метр секундалда жаниб. Гьури г?емераб моц?лъун ккола мартги априлги. Гьоркьохъеб къимаялъул бищун ц?ик?к?араб фиксатинабуна 2011 соналъул октобералда (5.0 м/с). Бищун хехаб гьури Хунзахъ бук?ана 35 м/с бугеб 2013 соналъул 23 марталъ. [6] Гьуриялъул процентияб рахъалъ ц?ик?к?анисеб ккола бакъбаккулаб ? 51.5%, бищун дагьаб ккола жанубалъулгин бакъбаккулаб 1.9%. [7]

Хунзахъ климат
Индекс Янв. Феб. Мар. Апр. Май Юн Юл Авг. Сеп. Окт. Нов. Дек. Лъаг?
Абсолютияб максимум,  °C 13,2 15,5 19,8 24,4 27,5 28,8 30,5 30,3 32,5 21,9 20,1 18,2 32,5
Гьоркьохъеб максимум, °C 2,0 3,5 6,7 12,0 16,7 19,4 20,9 21,3 17,1 12,5 6,7 3,6 11,9
Гьоркьохъеб температура, °C ?2,5 ?1,6 1,2 6,1 11,3 14,5 16,3 16,4 12,2 7,1 1,9 ?1,2 9,7
Гьоркьохъеб минимум, °C ?6 ?5,4 ?2,8 1,8 7,1 10,5 12,5 12,2 8,3 3,4 ?1,8 ?4,7 8,0
Абсолютияб минимум, °C ?18,6 ?24,5 ?20 ?12,1 ?4,5 3,8 4,9 5,0 ?1,6 ?8,4 ?15,9 ?19,8 ?24,5
Бакъул къоязул гьоркьохъеб къадар 17 18 17 19 23 24 25 27 25 21 19 19 254
Гьоркьохъеб нак?к?лъи, октаби 4,7 4,6 5,7 5,6 5,8 5,5 5,6 4,6 4,5 3,7 3,8 4,0 4,8
Г?азу-ц?адал норма, мм 8,1 10,1 22,9 42,9 94,4 103,5 122,7 91,9 52,3 17,4 11,4 11,5 589,1
Гьоркьохъеб реччел, % 57,9 57,3 61 61,8 65,4 68,5 72,5 68,6 72,1 58,0 57,3 56,9 63
Атмосферияб т?адецуй, гПа 814,9 816,0 814,7 817,5 819,0 820,1 820,2 821,8 821,6 821,9 820,5 818,1 818,9
Гьорол гьоркьохъеб хехлъи, м/с 2,7 2,7 3,2 3,2 2,6 2,3 2,1 2,2 2,3 2,5 2,2 2,7 2,6
Ицц: Гьава-бакъ ва климат сайт

Ракьлъай (геология) [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Хунздерил тIалъиялъул ч?ег?еракь буго гIемерисеб буго. Ч?ег?еракьал, лабаллъиялда балагьичIого, ритIизарун, хурзазе хIалтIизе гьарула. Хурзабахъ абуни картошка , чIегIергьоло , лъелъ , тIепало ва гь. ц. хьала.

Т?абиг?ат [ хисизабизе | код хисизабизе ]

ГIурчинлъиялъ Хунзахъ бечедаб бакI гьечIо. Рохьалги хутIунго гьечIо.

Хунзахъ т?алъиялда гьал хаду рехсарал хурдул рижулел руго: махIакIо ( г?урус. шалфей ), гIонкIкIозаз ( г?урус. астрогал ), рехъеб ( г?урус. вьюнок ), хIамисур ( г?урус. чабрец ), гIанбарис ( г?урус. экспарцет ), гIанкIихер ( г?урус. клевер ), люцерна , ( г?урус. тимофеевка ), ва гь. ц. Хунзахъ байданал ва мугIрул ихдал батIи-батIиял тIугьдуца цIун рукIуна.

Хунзахъ тIалъиялда гьедигIан батIи-батIиял хIайваналги гьечIо. ГIемериса букIунеб жо бугеб гIанхвара ( г?урус. хомяк ). КъанагIатго гьенире рихьуна: гIанкI , цер , гIондокь ( г?урус. ласка ), бакьучги ( г?урус. барсук ), бацIги .

Гьениб дагьабго лъикI буго хIанчIазул иш. Ай рихьизе бегьула гъалухIанчIазул ( г?урус. галкаби ) тIелал, г?алхул маккаби, чIоролабазул цо тайпа, ва гьединго цо-цо вахIшиял хIанчIал.

Жакъа къоялда, тIалъиялъул г?алхул хIайванал киналго тIагIелалда хIинкъараб буго. Гьебги халкквей жодода хаду гьечIел чанахъаби сабаблъун ва цо-цо хIайванал гьабзаца чIваялдалъун.

Демография [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Цебе [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Ругел баяназда рекъон XVII г?асруялда Хунзахъ бук?ун буго 3000 ц?араки. Сверухъ т?абиг?аталъул г?аммаб деградациялъ, ракь г?унгут?иялъ г?умруялъул даража г?одобе кколеб бук?иналъ, эпидемияз ва къват?исел сиясиял ситуацияз квалквал ккана Хунзахъ шагьар г?ат?илъиялъе. XVI?XVII г?асрабазда Хунзахъа къват?ире араз кьуч? лъуна чанго росуялъе т?алъиялдаги ва цогидал ракьаздаги.

XIX г?асруялда Хунзахъ бук?ана 700?800 ц?араки, зах?матаб Кавказалъул рагъалдаса хадуб гьеб къадар ккана 400 ц?аракиялде. XX г?асруялъул т?оцересел анц?соназда, т?оцебесеб иргаялда Хунзахъ Авар сверухълъиялъул административияб марказ гьабидал, халкъалъул къадар байбихьана ц?идасанги ц?ик?к?ине.

Гьанже [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Халкъалъул рик?к?ен
1888 [8] 1895 [9] 1926 [10] 1939 [11] 1959 [12] 1970 [13] 1979 [14]
1747 1768 1810 2150 1972 2372 2332
1989 [15] 2002 [16] 2010 [1]
2901 3694 4245


Гьанир бетIербахъи гьабулел чагIазда абулеб ц?ар бугл хунз (хъв. ху?ндери- ). Хундерил буго лексикияб рахъалъ стандартаб авар мац?алде г?агараб жидерго сверел , жиб болмац?алъе кьуч?лъарабилан рик?к?унеб.

Жакъа къоялъ Хунзахъ буго аваразул ч?ах?иял росабазул цояб. Ахирисеб нусго соналда жаниб Хунзахъ бугеб халкъалъул къадар буго стабилго ц?ик?кунеб. Гьеб шарт?инабураб буго Хунзахъ жибго цебет?еялъги, г?умру гьабизе лъик?лъаби ч?езариялъги, гьелъул административиябгин политикияб к?вар бук?иналъги. Росдал аслияб халкъ ккола аварал.

Маданият [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Х?алхьул бак?ал [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Спорт [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Ц?ар раг?арал чаг?и [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Ралагье гьединго [ хисизабизе | код хисизабизе ]

Мугъч?ваял [ хисизабизе | код хисизабизе ]

  1. 1,0 1,1 1,2 2010 соналъул Т?олго Россиялъул агьлулъиялъул къадар рик?к?ин. Табула № 11. Дагъистаналъул Республикаялъул шагьариял сверухълъиязул, муниципалиял районазул, шагьариял ва росдал поселениязул, шагьариял ва росдал ч?ел-бак?азул агьлулъиялъул ри?к?ен.   (г?урус) . Дата: 13 май 2014. Архивация: 13 май 2014 сон.
  2. Айтберов, Тимур (1990). Древний Хунзах и хунзахцы [ Нек?сияб Хунзахъ ва хунз ] (in русский). гь. 6.
  3. Айтберов, Тимур (1990). Древний Хунзах и хунзахцы [ Нек?сияб Хунзахъ ва хунз ] (in русский). гь. 6.
  4. Я. И. Костенецкий Авар экспедиция 1837 с. // ≪Современник≫ 1850 с., техь 10?12 (батIагояб издание: Авар экспедициялъул хъвай-хъваял (Записки Аварской экспедиции) СПб., 1851)
  5. "Хунзахъ гьава-бакъ" .
  6. 6,0 6,1 6,2 6,3 6,4 6,5 "Гьава-бакъ ва Климат" .
  7. "Хунзахъ гьава-бакъалъул архив" .
  8. Список населенных мест Дагестанской области. - Петровск : Типо-литография А.И. Михайлова, 1888.   (г?урус) .
  9. Памятная книжка Дагестанской области / Сост. Е.И. Козубский. - Темир-Хан-Шура : "Русская тип." В.М. Сорокина, 1895. - 724 с. разд. паг., 1 л. фронт. (портр.), 17 л. ил., карт.; 25.   (г?урус) .
  10. Районированный Дагестан : (адм.-хоз. деление ДССР по новому районированию 1929 г.). ? Махачкала : Орготд. ЦИК ДССР, 1930. ? 56, XXIV, 114 с.
  11. Список населённых мест с указанием численности населения по переписи 1939 года по Дагестанской АССР . ? Махачкала, 1940. ? 192 с.
  12. Халип:Население/1959AB
  13. Халип:Халкъалъул къадар/1970S
  14. Халип:Халкъалъул къадар/1979N
  15. Халип:Халкъалъул къадар/1989F
  16. "Всероссийская перепись населения 2002 года. Том. 1, таблица 4. Численность населения России, федеральных округов, субъектов Российской Федерации, районов, городских поселений, сельских населённых пунктов - райцентров и сельских населённых пунктов с населением 3 тысячи и более" (in русский). Архивация оригинал (2012-02-03).

Рег?елал [ хисизабизе | код хисизабизе ]